ГIадамазул зурзур къотIулеб гьечIо, ГIадамазе бокьун буго ритIухълъи. - Ниж гьаб иргаялда цере рукIана, Нахъа рукIаралцин кваналел руго. ДагIбадугейилан абула гьезда: - Берцинго гьаниса нахъе ун лъикI нуж. Дол руго дораса рачIарал чагIи, Нуж щал кколелали бицеха гьанже. ГIадамазул зурзур къотIулеб гьечIо, ГIадамазе бокьун буго ритIухълъи. - Ниж гьаб иргаялда цере рукIана, Нахъа рукIаралцин кваналел руго. Администратрорас бичIчIизабула, - Берцинго гьаниса нахъе ун лъикI нуж. Депутатал руго дора кваналел, Нуж щал кколелали бицеха гьанже. ГIадамазул зурзур къотIулеб гьечIо, ГIадамазе бокьун буго ритIухълъи. - Ниж гьаб иргаялда цере рукIана, Нахъа рукIаралцин кваналел руго.
© Магомедкамиль Гимбатов. Таржама, 2014